Перейти к содержанию

Туркиялъул аварал

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Туркиялъул аварал (тур. Türkiye Avarları) — 150-200 соналъ цере Туркиялде гочарал аварал руго жидерго мацӀги цӀунун, нилъеда цӀунизе кӀолеб гьечӀеб маданияталъул цӀех-рехги гьабун.

Узухъда, Туркиялъул аварал ккола батӀияб пачалихъалъул чагӀи. Гьезул гӀемерисезда жидер тарихияб ватӀан – Дагъистан – бихьичӀо. Гьезда ватӀаналъул хӀакъалъулӀ лъала умумузул биценаздасан, гьезул рекӀел угьиялдалъун, берзул магӀуялдалъун. Дагъистан тун батӀияб бакӀ гьез ватӀанлъун рикӀкӀинчӀо. КъватӀисеб улкаялда гӀумру гьабун рукӀаниги магӀарулаллъун дол гьарула мацӀ цӀунун букӀиналъ, жидерго тӀабигӀаталъ, чорхолъ бугеб авар рухӀалъ. [1]

ХӀакъикъаталдаги гьеб кканилан абизе бегьула Туркиялде гьабураб сапаралда, - ян бицана кочӀохъанас. – Гьениб чанго батӀияб миллаталъул (аварал, даргиял, лъарагӀал ва гь.ц.) дагъистанияз бицунеб букӀана цохӀо магӀарул мацӀ. БитӀахъе бицани, авар мацӀалда кечӀ ахӀулеб мехалъ гьезул бадиб магӀу хулулеб букӀана. Туркиялда ругел нилӀер дагъистаниязе нижер церерахъиназ кӀудияб асар гьабуна. [2]

  1. ↑ "ГIасрабаз ватIаналде гIищкъугун". Архивация оригинал, 2014-02-22. Щвей 2010-12-14. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  2. ↑ "АхIулеб буго Бигачевас…". Архивация оригинал, 2014-02-22. Щвей 2010-12-15. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)

ХӀалтӀизабураб адабият

[хисизабизе | код хисизабизе]
  • А. МуртазагӀалиев «Турциялъул дагъистан диаспораялъул адабият» (2006)


тIинчI Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.