ГӀандуникӀ I
Халип:Пачалихъалъул хӀалтӀухъан ГӀандуникӀ I (грек. Ανδρόνικος) — XV гӀасруялъул кӀиабилеб бащалъиялда жив вукӀарав Аваристаналъул нуцал. Жиндирго эмен Ибрагьимица гӀадин, ГӀандуникӀица Аваристаналъул ракь гӀатӀид гьабулеб букӀана. Гьесул заманалда Аваристаналъул рукӀарал ракьал ракьал хъван руго ГӀандуникӀица вацасул васасе хъвараб машгьураб васияталда.
ГӀандуникӀил васият
[хисизабизе | код хисизабизе]"Дир вацасул вас, дуца росе Аваристаналъул кӀулал. Гьелъул тӀоцебесеб — ГӀалигъиличилал, кӀиабилеб — Жунгутдерил ханзаби, лъабабилеб — Бакълъулазул умарал‚ ункъабилеб — гӀандалал, щуабилеб — Хьарусел‚ анлъабилеб — Бакълъал. Дуца гьал кӀулал росани, дуе цӀам, гьоцӀо, цӀибил, махх, ччугӀа — цойгидалги мун хӀажалъулел жал дуда аскӀор рукӀинеги руго. Гьединан дуца гьел росичӀони, дудаса щибаб жоялъ мугъ бала. Цинги хал гьабе дуца нилӀер умумуца жидеда милклъи гьабурал бакӀал, гьезул гӀорхъалабиги: бакътӀерхьул рахъ — Мийасу-гьатӀан‚ бакъбаккул рахъ — ГьоцӀдерил росу бакьулӀ, жанубалъул рахъ — Хучадаса бахъараб Гьаркьадерил кьотӀе швезегӀан‚ шималалъул рахъ — Сала-мегӀер, Таргьуялде щвезегӀан. Цинги хал гьабе дуца нилӀерго умумузул ДагъистаналъулӀ абулеб рагӀиядухъ: нилӀер Дагъистаналда вуго кӀинусазаралдаа лъабкъоялда анцӀ азарго чи (270000). Лъабкъого азарго чи тавасаразул ханасе руго‚ лъебер азарго чи Хайдакъалъул руго, нусазарго чи Гъумеки ханасул руго, къоазарго чи нуцалил аскаралъул руго. Гьев бищун гӀаскар цӀакъав‚ гуч бугевги вуго. ГӀенекке, дир вацасул вас, дуца цӀакъ бахье гьал гӀорхъабадаса жани лӀугьине. Дуца тезеги тогее мун гурезе рокьоб гӀанасеб ракь, мун, дурго умумул гӀадин, ханлъи гьабулев чи ватини".
Гьаб тарих хъварав чийилан буго ГӀандуникӀ нуцалил къади ГӀандиса ГӀали Мирза гьаб соналда — 890..[1]
ГӀандуникӀ хвана 1485 соналъ, гьесда хадуб нуцаллъун лӀугьана Булач-нуцал.
Адабият
[хисизабизе | код хисизабизе]- Магомедов Р. М. История Дагестана: Учебное пособие; 8 кл. — Махачкала: Изд-во НИИ педагогики, 2002 г.
- Саидов М.С.Д. Возникновение письменности у аварцев // Языки Дагестана. Вып. 1. Махачкала, 1948. С. 137-138
- Шихсаидов А.Р. «Завещание Андуник-нуцала» (к вопросу об изучении) // Вестн. Дагестанского научного центра. Вып.1. Махачкала, 1988.
- ↑ Список А — входит в рукописный сборник исторических материалов, хранящийся в Рукописном фонде ИИЯЛ (см.: ф.16, оп.1, д.498, N 2646):«Завещание Андуника Булач-нуцалу Аварскому и Хаджиали-шамхалу Гидатлинскому» (л.7а-7б) от 1485 г.